Меню
16+

Сетевое издание «ДРУЖБА»

Сетевое издание

Республика Дагестан/Ботлихский район/с. Ботлих
20 апреля 2024, сб 2024.04.20 16:21:55
16+

Сетевое издание

184

Сатира и юмор. Бахьикъос.

РАК1БАЦ1Ц1АДАВ МУХ1УДЕ 
РАК1-РАК1АЛЪУЛАБ САРИН


Лъуг1ана дагь-дагьккун дур х1алт1ул болжал,
Щвана ахиралде халкъалъе хъулухъ,
Рещт1ана чодаса, чияй бак1ги кьун,
Бак1ал пикрабазда аваралги тун.

Чорокаб къавмалъе къо лъик1ги гьабун,
Къанадуца нуц1а кабинеталде,
Капказе как балеб Даргъистаналде
Ч1ух1ун мугъги рехун, ана мун нахъе

Божи-хьул къот1арал ракьцоялги тун,
Ана тарихалде Т1анусиса вас,
Т1адчаг1и нечолеб каламги гьабун,
Кремлиялъул каву бахана дуца

Лъалхъана нухбакьулъ мун рек1араб чу,
Чилъи биларалги сверухъ рак1арун:
К1алц1ийищ т1аг1араб, х1ет1ищ тарараб,
Дарги- маг1арулаз мугъищ рехараб?

Тахида ругьунал ц1едех1бац1аца
Бац1ила хадубги хваяб Дагъистан,
Дедил низамалда разиял гьазий,
Думалъ х1ажат гьеч1о демократия

«Денеб» ц1амх1аллъаги ц1уял нужее-
Рак1бац1адав Мух1у ц1унизе к1веч1ел,
Килщал рортун аги депутатазул-
Дарги макъаналда накъира хъварал,

К1илк1ал рай г1ундузда, к1аз къай бут1рузда-
Къабих1ал нужее т1агърал щай гурин,
Паспорт-метриказда мугьру ч1вай ц1ияб
Ц1едех1дерилълъ хъвайин, аварал хванин

…Роржана хеккого , Мух1уца кьурал,
Маг1арул халкъалда бакъ ч1варал къоял,
Къокъана параялъ, пикру бугесе,
Г1умруг1ан к1вар бугел, рац1ц1адал сонал

Ункъо сон, къого сон-къадруяб миллат
Т1ерхьун ина раг1дукь мун ц1идасанги
Ц1об гьеч1ел чаг1азул чорокал ишаз,
Чанги вац1ц1адав чи ц1ц1ала хабалъе

«Г1ахъушдерил щобда щущан араб бакъ»
Г1емерал сонаца ссвинаро гьанже, 
Саг1идил зулмуялъ зурулел нилъей 
Заг1ипаб гурони щвеларо канлъи

Ч1вала г1емераца дозий накаби-
Х1елх1елчаг1и жакъа дунял ц1ун гьеч1ищ!
Сасина дир миллат, маг1на гьеч1ого,
Цо чи ваккизег1ан чилъи ц1ик1к1арав

                                   Г1умахан Г1андийский

Гъалбац1 белъанхъула борхалъудасан.........


Радал рахъаразул кьег1ер ц1ц1уябин,
Ц1ваби т1ерхьинелде бач1уна х1ама, 
Жибги депутатин Госдумаялде
Ц1ар жиндирги хъвайин, хъван кьола г1арза.


Жинда т1ад бук1араб ц1улал гъалдибер
Ц1адабе рехула хайир гьеч1илан, 
Т1ад т1амун бук1араб т1ут1ураб т1енкел
Т1ок1аб х1ажат гьеч1ин реч1ч1ула г1одоб.


Г1орц1ен г1едег1ула г1арзаги босун,
Х1амул х1ажат гьеч1ин, ц1ар жиндир хъвайин. 
Хъазахълъуда бугеб хъурумсахъ х1ама
Нахъе бачахъеян гьабула хит1аб


Хадуб т1аде щола цо чудказул бо
Жидерги цо чудук гъорлъе бачеян,
Депутатасул ц1ар, ц1ар араб мандат
Чараго гьеч1ого х1ажат бугилан.


Г1иял рехъенги тун, чахъу бач1уна,
Жиб г1адада хвезе г1айиб гурищан, 
Кутул мимидула, гьаби х1апдола
Х1акимлъи жидейги х1ажат бугилан.


...Гъалбац1 белъанхъула борхалъудасан,
Гьал х1елх1елчаг1азул учузлъийилан. 
Ц1умал роржанхъула нак1к1азда т1асан, 
Хъурщизе рижарал роржунарилан
/

Джамиля Пахрудинова

Чан къаркъала бугеб къват1ал мерхьунеб... 

Базаралда, капкахъ вичун восизе, 
Мун ватиларищан щун йиго жакъа. 
Багьа хъвараб хъарщи карандаги ч1ван,
Гьудул гьеч1одаян яч1ун йиго дун.

Аби гурищ бугеб Бичасул рохьдолъ, 
Бачал г1емер ругин багьа кьоларел.
Дудаго бихьич1ищ, чамги г1оркьилас, 
Т1ад т1агъур лъун буго бот1рохъ кьолареб ?!

Гьале цо г1оркьилав кьерилазда гъорлъ,
Кьуч1 гьеч1еб хабаргин хиянаталда.
Дицаян гьедула, Дунан гьардола, 
Гьавги довги какун, купру гьабула.

Гьас гьудулги вичун чакар босула, 
Гьалмагъзаби хисун хурзал рекьула.
Х1акимасе х1елун, рух1г1ан вокьулев,
Нахъег1анаб калам камил гьабула .

...Вай, ватана гьале гьав базаралда, 
Хъорщода ван вуго хъах1илаб гвердилъ.
Сверун джипал руго, жаниб кейс буго,
Каранда бугеб рак1 г1анк1удал буго.

Къимат борхалъизе костюмги рет1ун, 
Гверде рекъеялъе галстукги бухьун. 
Чан къаркъала бугеб къват1ал мерхьунеб, 
Чан багьадур вугев багьа щоларев ?!

Джамиля Пахрудинова

Страница на стадии завершения

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.